«Зимний фестиваль знаний 2025»

Авар мац1алъул г1адатияб гуреб дарс. Тема: Тайпа цоял членалгун предложениял. 8 класс.

Авар мац1алъул г1адатияб гуреб дарс.

Тема: Тайпа цоял членалгун предложениял.

8 класс.

Дарсил мурад: 1.Предложениялъул тайпа цоял членазул х1акъалъулъ баянал кьей, гьел г1ат1ид гьари. 2.Тайпа цоял членал ратизе, цогидал предложениялъул членаздаса гьел рат1а рахъизе бажари щвезаби, к1алзул, хъвавул каламал церет1езари, разборал гьариялъул бажари камил гьаби, г1акълу бег1ери, нилъер Ват1аналде, вижараб ракьалде, гьелъул т1абиг1аталде рокьи бижинаби, рух1ияб рахъ бечед гьаби.

Дарсил алатал: компьютер, презентация, дарсил эпиграф,

Олимпиады: Химия 7 - 11 классы

Содержимое разработки

Авар мац1алъул г1адатияб гуреб дарс.

Тема: Тайпа цоял членалгун предложениял.

8 класс.

Дарсил мурад: 
1.Предложениялъул тайпа цоял членазул х1акъалъулъ баянал кьей, гьел г1ат1ид гьари.
2.Тайпа цоял членал ратизе, цогидал предложениялъул членаздаса гьел рат1а рахъизе бажари щвезаби, к1алзул, хъвавул каламал церет1езари, разборал гьариялъул бажари камил гьаби, г1акълу бег1ери, нилъер Ват1аналде, вижараб ракьалде, гьелъул т1абиг1аталде рокьи бижинаби, рух1ияб рахъ бечед гьаби.

Дарсил алатал: компьютер, презентация, дарсил эпиграф,
Дарсил ин:

Класс дарсиде х1адури.

- Рорч1ами, хириял ц1алдохъаби. Дун ккола гуниязул гимназиялъул авар мац1алъул муг1алим Гъаирбекова Аминат Элмирзаевна. (1 слайд)

Дарс байбихьизе бокьун буго коч1ол мухъаздасан:


Т1олго вацлъиялъего

Умумуз ирслъун тараб,

Кьолеб буго нужее

Маг1на гъваридаб салам!


Лъик1 щварал маг1арулал,

Авар мац1алъул гъасде,

Лъик1 рач1арал ракьцоял

Бокьулеб гьаб сверуде.


Салам гьалбадериде

Гор сверуде рач1арал

Умумузул г1адатги

Г1амалги чорхолъ бугел!!!


Дарс байбихьилалде бокьилаан нилъер дандч1вай гьимиялдасан байбихьизе.


Гьимулаго бакъ г1адаб,
Рогьалилъ гьогьен г1адаб,
Къечарасе лъим г1адаб,
Ассаламу г1алайкум!!! (2 слайд)


2.Дарсил мурадал рицина (3 слайд)


3.Лъимал, рач1а араб материал рак1алде щвезабин ( материал такрар гьаби)

Х1ай «Г1акъилалги ц1одоралги»

4. Разборазул минутка. Доскаялда х1алт1и.

Фонетикияб разбор гьабе: гьалбал

Морфемияб разбор гьабе: гьудуллъи.

Морфологияб разбор гьабе: эбел

5.Предложениялъул т1убараб синтаксисияб разбор гьабе щибаб командаялъ

(слайд 6)

Дагъистаналда руго муг1рул, щобал, ахал, хурзал.

Муг1рул, щобал, ахал, хурзал абурал раг1абазе бач1уна щал? абураб суал, ва гьел руссунги руго руго абураб раг1иялде, ай сказуемоялде.


Муг1рул, щобал, ахал, хурзал абурал раг1аби кинал предложениялъул членал кколел? (Тайпа цоял членал.)

- Гьаб предложениялда жанир кинал предложениялъул членал ккун ругел тайпа цоял членаллъун ?

6. Ц1ияб тема.

Дарсил тема: Тайпа цоял членал ( слайд 7)

- Рагье, лъимал, тетрадал, хъвай жакъасеб къо-моц1, дарсил тема.

-Кинал предложениялъул членазда абулеб тайпа цоял членал абун ?

Тайпа цоял членал абула предложениялда жанир жал цого суалалъе жаваблъунги рач1унел, цого раг1уда маг1наялъул рахъалъ рухьун ругел членазда.

- Лъимал, рач1а г1урус мац1алда тайпа цоял членазе баян кьезин.

Однородные члены предложения - это члены предложения, которые отвечают на один и тот же вопрос, являются одним и тем же членом предложения и относится к одному слову.

- Лъимал , предложениялъул тайпа цоял членал подолежащеялищ кидаго рук1унел ? Нужеда кин кколеб?

Предложениялда жанир тайпа цоял членаллъун рук1ине бегьула: предложениялъул бет1ералги бет1ерал гурелги членал:

подлежащее, сказуемое, бит1араб дополнение, хъвалсараб дополнение, определение ва х1ал ( слайд 8)

Дагъистаналда руго муг1рул, щобал, ахал, хурзал.
( Таржама гьабизе) ( слайд 9)

Тайпа цоял сказуемоял
1). Гьелъул даражаялде бахунеб цогидаб асар дида раг1ич1о, бихьич1о, лъаларо.
(Ч. Айтматов)
2). Школалъул залалда ц1алдохъаби рекерана, к1анц1ана, расандана.

( слайд 10)

Тайпа цоял бит1арал дополнениял

1) Бокьула мун дие, бокьула г1умру,
Дур кьог1лъи, гьуинлъи, хъач1лъи, недегьлъи. (А. А.)
2). Ват1аналъул г1ат1идал авлахъал, ч1ах1иял рохьал, рорхатал муг1рул, гьалагал г1орал, гъваридал х1орал рихьизе рокьула дие ( слайд 11 )

4. Тайпа цоял хъвалсарал дополнениял

1). Аск1ове щваравго, дун валагьана Г1алихъ, Давудихъ, Мах1амадрасулихъ.

( слайд 12)

5. Тайпа цоял определениял

1). Баг1аралги, хъах1алги, хъах1илалги т1угьдузул ц1ун руго нижер муг1рул.

2). Г1урул раг1алда хъах1аб, ч1ег1ераб, нак1к1уяб caли бук1ан ( слайд 13)

6. Тайпа цоял х1алал

1). Мичурнница кагътал хъвалаан Америкаялде, Китаялде, Франциялде.

2). Радал, бакъанида, къалъул г1ужалда,

Мун къват1ие якки къала каранда. (М.)

3). Берцинго, х1еренго, тамахго абураб раг1и гьоц1олъун лъугьуна г1адамасул рек1елъе.

( слайд 14)

Воре, ц1але, ц1але, ц1але, дир ц1одор,
Ц1ияб Ват1ан т1егьазабе, берзул нур. (Ц1.Х1) ( слайд 15 )

Цо-цо предложениязулъ цого раг1и чанго нухалъ такрарлъун бук1уна. Гьедин такрарлъарал раг1аби тайпа цоял членал кколаро.

7.Х1ухьбахъиялъул минут:
Рорхе кверал киназго,
свак чучизе, черх бит1изе,
чундул г1адин сах рук1ине.
Свак чучана, черх бит1ана,
чундул г1адин сах хут1ана ( слайд 16)

8. Т1охьодасан х1алт1и: х1алт1и- 114 ( слайд17)

9. Тема щула гьаби. Проекталъулаб х1алт1и ( слайд 18)

10. Дарсил х1асил, рокъобе т1адкъай:

Газет – журналаздаса тайпа цоял членалгун ругел предложениял хъван росизе

( слайд 19)

11.Дарсил эпиграф:
Ц1уне маг1арул мац1, гьеб нилъер иях1!
Ц1уне маг1арул мац1, гьеб нилъер намус!
Ц1уне маг1арул мац1, гьеб нилъер рохел!
Ц1уне маг1арул мац1 бищун хирияб!
Айшат Саидовна ( слайд 20)

12. Къиматал лъела.

Ккун квералгун, маг1арулазул гимн ах1ила ( слайд 21)




Получите свидетельство о публикации сразу после загрузки работы



Получите бесплатно свидетельство о публикации сразу после добавления разработки


Олимпиады «Зимний фестиваль знаний 2025»

Комплекты учителю



Качественные видеоуроки, тесты и практикумы для вашей удобной работы

Подробнее

Вебинары для учителей



Бесплатное участие и возможность получить свидетельство об участии в вебинаре.


Подробнее