Авар адабияталъул г1адатияб гуреб дарс.
Тема: Ф. Г1алиева «Кини».
9 класс.
Дарсил мурад:
1.Асар пасих1го ц1алиялъул даража борхизаби.
2. Т1убараб идеябгун тематикияб анализ гьабун ругьун гьари. Сипатиял раг1аби ратун ругьун гьари.
3. Нилъер Ват1аналде, вижараб ракьалде, гьелъул т1абиг1аталде рокьи бижинаби, рух1ияб рахъ бечед гьаби. Эбел-инсул адаб гьаби.
Дарсил эпиграф:
«Бокьула, бокьула дир гьит1инаб халкъ,
Бокьула, бокьула дир к1удияб халкъ» ( Р.Х1амзатов).
Дарсил план:
1.Дарсиде х1адур гьари.
2. Рокъобе кьураб х1алт1ул хал гьабила.
3.Ц1ияб дарс.
4.Дарс щула гьаби.
5. Дарсил х1асил.
6.Рокъобе х1алт1и.
Дарсил ин:
1.Дарсиде х1адурлъулеб лах1зат.
2.Рокъобе кьураб х1алт1ул хал гьабила.
3.Ц1ияб дарс.
Учителасул калам:
- Лъимал, нилъеца ц1алана Ф.Г1алиевалъул «Кини» абураб асар, жакъа нилъеца гьабизе буго гьелъул т1убараб идеябгун тематикияб анализ.
Автор: Фазу Г1алиева. Тайпа: эпос. Жанр: хабар.
Библиография: 1985 сон «Гьудуллъи» журналалда. Тема: К1удияб Ват1анияб рагъул тема. Руччабазул бах1арчилъиялъул, къох1ехьеялъул, рагъул магъалоялъул бак1лъиялъул х1акъалъулъ бицунеб буго асаралъулъ.
Проблема : К1удияб Ват1анияб рагъул суал, ч1ужуг1аданалъул бах1арчилъиялъул суал, г1умрудул чвахи киданиги къот1уларин абураб суал.
Сюжетияб мухъ:
Экспозиция: Фазул рак1алде щвеял. Гьей яч1ин.
Завязка: киниялда берч1вай, рагъ байбихьи.
Кульминация: киниги баччун рагъда вас хварай Халун базар бакьулъан х1инкъич1ого нечоч1ого къокъин. Х1алуцараб 1943 сон.
Развязка: Рагъда хадуб 1 бертин Халуница Т1айгибие Меседо ячунеб.
Эпилог: Меседоеги Т1айгибиеги вас гьави.
Аслияй багьадур: Халун.
Идея: г1умрудул чвахи киданиги гьоркьоб къот1изе гьеч1еблъи. Г1умру хвалдаса къуватаб бук1ин, гьеб я рагъалда, я цоги балагьалда гьоркьоб къот1изабизе к1олареблъи.
Асаралъул мац1 буго бечедаб, пасих1аб, сипатиял раг1абаз бечед гьабураб.
Асаралъулъ дандч1вала монологал, диалогал, пейзажал.
4.Щула гьаби.
-Лъимал, нилъеца асаралъулъ ратизе руго сипатиял раг1аби. Ратизе руго монологал, диалогал, пейзажал, Халунил образ рагьулеб бак1.
5. Дарсил х1асил.
6. Рокъобе х1алт1и.
Хабар пасих1го ц1ализе, асаралъул анализ лъазабизе.
Тестазулаб х1алт1и
1. Гьаб асаралъул ц1ар бице.
Гьеб бук1ана жеги Ват1ан унго-унгояб ц1адулъ бугеб к1икъоялда лъабабилеб соналъул их. Кинабго хисараб г1адин…., базарги.
А. «Даргиязул ясал»
Б. «Дир Дагъистан»
В. «Кини»
Г. Лъаларо
2. «Кини » абураб асаралъул жанр ва автор баян гьабе.
А. Поэма А. Расул Х1амзатов
Б. Хабар Б. М.Мух1амадов
В. Къиса В. Фазу Г1алиева
Г. Лъаларо Г. Машидат Гъайирбекова.
3. «Кини» абураб асаралъул аслияв багьадур щив кколев?
А. А.Гъапуров
Б. Живго автор
В. Ц1. Х1амзат
Г. Лъаларо.
4. «Кини» абураб асаралъул тема бице.
А. Ват1аналъул тема
Б. Рахьдал мац1 гьеч1они, гьеч1о миллат, гьелъул маданият, рух1ияб бечелъи.
В.Маг1арулазул рук1а-рахъиналъул тема
Г. К1удияб Ват1анияб рагъул тема, руччабазул бах1арчилъиялъул, къох1ехьеялъул, рагъул магъалоялъул бак1лъиялъул тема.
5. Сунда абулеб темайилан?
А. Художествияб асаралда жиндир х1акъалъулъ бицен гьабулеб жоялда.
Б) Асаралъул г1уц1иялда.
В) Асаралда жанир лъугьа-бахъинал цо тартибалда рихьизариялда